Бац1ада
гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазул гимн.
Ниж руго бац1адисел
Бац1ц1адго намус ккурал,
Ниж руго маг1арулал
Муг1рул закон ц1унарал.
Аваданлъи, кеч1-кьурди,
Х1алт1уда даим-гъунки,
Вацлъи-яцлъи щулиял
Гьобол-гьудул хириял.
Припев
Умумуца куцарал
Улбузул лъималги ниж
Ях1-намус рехуларел
Бах1арчияб халкъги ниж
Эбел-Ват1ан хириял
Хилиплъи чорхолъ гьеч1ел
Г1акълу-лъаялъ ц1убурал
Г1алимзабиги нижер
Пагьмуялъ цере ина
Къадру борхатго кквела
Нилъ г1ураб ракь т1езе
Ч1ахъайги даим мактаб.